12+  Свидетельство СМИ ЭЛ № ФС 77 - 70917
Лицензия на образовательную деятельность №0001058
Пользовательское соглашение     Контактная и правовая информация
 
Педагогическое сообщество
УРОК.РФУРОК
 
Материал опубликовала
Абдурахманова Патимат Исмаилгаджиевна15
учитель родного (аварского) языка и литературы ГКОУ РД " СОГ Ахвахского района"
Россия, Дагестан респ., с. Камышкутан РД


Тема: Расул Х1амзатов “МАША”

Малъиялъул мурад:

1. Пасих1го ц1алиялъул бажари камил гъаби.

2. Г1урусазда ва дагъистаниязда гьоркьоб гьудуллъи-вацльи рагъул окопазухъ щулалъараб куц бихьизаби. Халкъалъул гьединаб гьудуллъи бищунго гучаб къуват бук1ин баян гьаби.

3. Коч1ол мац1альул пасих1лъи-берцинлъи бати. Сипатиял раг1абазул маг1на рагьизе малъун, лъималазул г1акълу ц1убазаби.

Дарсида х1алт1изабураб материал:

Расул Х1амзатовасул суратал.

Расул Х1амзатовасул т1ахьазул выставка

Расул Х1амзатовасул х1акъалъулъ видео.

Дагъистаналъ рагъде рит1арал руччабазул х1акъалъулъ баянал ва гьезул суратал.

Расул Х1амзатовасул «Маша» поэмаялъул щибаб куплеталде данде кколел слайдал.

Зулайпат Г1алиевалъ хъвараб «Расул Х1амзатов хвелалде» абулей кеч1 рик1к1уней Нуцалай Сайгидах1мадовнаялъул бахъараб аудио.

Дарсил ин:

Жакъа нилъер буго рагьараб дарс. Нилъехъ жакъа руго гьалбалги. Нилъеца бицине буго Дагъистаналъул халкъияв поэт Расул Х1амзатовасул г1умруялъул ва творчествоялъул. Гьединго рак1алда щвезарила т1оцебесеб классалдаса байбихьун щуабилеб классалда щвезег1ан лъазарурал Расул Х1амзатовасул куч1дул. Ц1ализе буго нилъеца Расул Х1амзатовасул «Маша» абураб поэмаги, гьабила гьелъул анализги.

Расул Х1амзатов ккола Дагъистаналъул халкъияв поэт, пачалихъалъул премиялъул лауреат, Ленинил премиялъул лауреат, Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи.

-Киса кколев Расул Х1амзатов?

-Лъил вас кколев Расул Х1амзатов?

-Кив ц1аларав Расул Х1амзатов?

-Кинал асарал нужеца ц1аларал Расул Х1амзатовасул?

3 ноябралда 2003 соналъ хвана Расул Х1амзатов, гьев вукъун вуго Мах1ачхъалаялда. Амма нилъер рек1елъ кидаго ч1аго вуго. Ралагьилин гьанже ч1агояв Расул Х1амзатовасухъ.

Нилъер Дагъистаналъул тарихалде арал бах1арзазул ц1арал гьес к1удияб ч1ух1иялда рехсолел руго. Гьесул мурад буго Дагъистналда гьудаллъи- вацлъи бук1ин.

Ц1ияб тема.

Исана щуабилеб классалда нилъеца ц1ализе буго Расул Х1амзатовасул «Маша» абураб поэма.

Гьеб поэмаялъулъ бицунеб буго Машаян ц1ар лъурай гьит1инай ясалъул.

К1удияб Ват1анияб рагъда хадусел соназ нилъер Дагъистаналъул маг1арул росабалъ раккизе байбихьана г1урус ц1арал: Машаян, Таняян, Оляян, Зояян. Гьел ц1арал рук1ана рагъул соназда рагъул фронталда чанги рагъухъан хвасар гьарурал г1урус ясалазда рук1арал ц1арал.

Гьаб поэмаялъулъги бицен гьабулев рагъухъан хвалдаса хвасар гьабурай г1урус ясалда бук1араб ц1ар буго Маша.

Рагъдаса вуссун вач1арав мехалъ, жиндиего гьаюрай ясалда гьес Машаян ц1ар лъола. Гьеб г1урус ясалъул ц1ар киназго рак1-рак1алъ къабул гьабулеб буго. Машаги киназего хиралъулей йиго.

Поэмаялъулъ руго нужода рич1ч1изе зах1матал раг1аби.

Гьабила словарияб х1алт1и.

Х1анкъва- х1анч1ил сурат гьабун бежараб чед.

Гурга-гьит1инаб чед.

Гурмендо-дарайдул к1аз.

Лепек-надалде гьурщараб сок1алаб кат1ари.

2. Гьанже дица рик1к1ине буго «Маша»- поэма, нуж берцинго г1енекке.

Т1оцебесеб бет1ер ц1ализе буго аваданго, щай гурелъул гьениб бицен гьабулеб буго ясалдаса киназулго рохел, гьей к1удияй г1олей йигеб куц, гьелъул берцинлъи, к1арчанлъи, лебеллъи.

К1иабилеб бет1ер ц1ализе кколеб буго пашманого, щай гурелъул инсуда рак1алда щолел руго рагъул сонал.. г1урус авлахъалда тараб ч1варай Машал хоб. Камурал гьудулзаби. Рагъул кьог1лъи.

Поэмаялъул ахиралдаги бихьизабулеб буго гьит1инай Машадаса , киназулго разилъи.

Х1адурлъун ругищ г1енеккизе?

Слайд бихьизабила (вохарав инсуца ц1вабзахъеги ккун……)

Гьедин слайдал рихьизарулаго поэма лъуг1изег1ан бицина.

Бокьанищ поэма?

Гара-ч1вари гьабила

Гьанже нилъ х1алт1изе руго т1оцебесеб бет1ералда т1ад.

Цо ц1алдохъанас ц1ализабила т1оцебесеб куплет. Инсул рохел кинал раг1абаздалъун загьир гьабулеб бугеб?

Жаваб. Инсул рохел загьир гьабизе авторас т1аса бищун буго т1абиг1ат берцинаб ихдалил моц1. Эмен вохун вуго сундаса?

Т1оцебе яс

Машал ц1ар лъезе щвеялдаса.

К1иабилеб куплет.

Яс киназего берцин йихьулей йик1ин сундаса бихьулеб бугеб?

Милъиршо г1адин йик1иналдаса.

Милъиршо кинаб бук1унеб?

Гьаракь –бакъан рекъараб.

Бег1ераб йигин абулеб буго

Бег1ерай- ц1одорай

Гьимун елъулей- аваданай

Духъе хъурщун яч1уней- г1адан хирияй.

Лъабабилеб куплеталъулъ бихьулищ, лъимал, Маша г1ун йиго щиб гьабизе?

Кат1ари ц1азеги, гьумер- к1ал къазеги, ч1ух1даризеги, ясандизеги.

Гьеб куплеталъулъ щайдай Машае конфетал росизег1ан барщун ч1олей йигей?

Мун ххвалиего квеш балагьидал. Гьениб кинаб х1асил гьабизе бегьулеб? Бихьулеб буго Машаеги хъач1лъи бокьулеб гьеч1о. Гьебго куплеталъулъ авторас г1едег1изарулел руго васал ругел улбул. Щайдай ? Маша васасе абизе, гьелда ц1ар ч1вазе.

Машал берал кинал ругел?

Лъел гарал г1адал.

Машал гаргар кинаб бугеб?

Ц1урмил г1адинаб.

Гьаб куплеталъулъ дандекквеял руго берал- лъел гаразде.

Гьел дандекквеяз кумек гьабулеб буго Машал образ ц1акъго гъваридго рагьизе. Сунда абулеб дандекквей.

Бихьулищха. Г1урус мац1алда дандекквеялда щиб абулеб?

Сравнение-гьикъила.

Гьеб куплеталъ нилъеда бихьизабулеб буго щиб? Маша киназего йокьулей йик1ин. Бищун берцинабщинабги бищун лъик1абщинабги Машае кьолеб буго. Щиб кьолеб бугеб? Щиб босулеб бугеб? Бурут1ги, кьег1ерги, х1анкъваги, гургаги, маржаналги, к1илк1алги- берцин бихьанщинаб Машае кьолеб буго.

Ахирияб куплет т1оцебесеб бет1ералъул. Маша г1урус ц1ар гьеб киназего гьуинлъун буго, берцинлъун буго, росдалго к1алдиб гьуинлъун буго. Гьеб куплеталъ бихьизабулеб буго г1урусазулги нилъер рагъухъабазулги гьудуллъи- вацлъи. Киг1ан берцинго гьез ах1улеб бугеб г1урус ц1ар.

Нилъер Г1ахьвахъ районалъул Лологъинилъ росулъ ккараб гьединабго лъугьа- бахъиналъул бицунеб буго, гьал дир ц1алдохъабаз нужое бихьизабизе х1адур гьабураб гьит1инабго церерахъиналъулъ.

К1одол роль х1ала-Шахрудинова Рукъиятица

К1одол лъималазул лъималазул ролал х1ала-

Аскарова Пат1иматица

Увайсова Меседоца

Махмудова Аминатица.

Х1ала. Суалаздалъун х1асил гьабила.Бихьулищ, лъимал, маг1наялъул рахъалъ киг1анги данде кколеб буго гьеб росулъ ккараб лъугьа- бахъинги. Гьаний Таня Расул Х1амзатовасул поэмаялъулъ Маша.

К1иябго поэмаялъулъ г1урус ясалазул ц1арал лъурал ясал киназего рокьулел руго.

Таняцаги Машацаги хвалдаса хвасар гьарулел руго нилъер рагъухъаби. Г1иц1го Маша гурей Таня гурей рагъулъ г1ахьаллъана нилъер Дагъистаналдасаги руччаби

Рач1а, лъимал, рак1алда щвезайилин Гьахьвахъ районалъул Изано росулъа К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалч1ужу Патулбика Мирзабековна. Патулбика йиго зах1матаб къисматалъул г1адан. Рагъда цебесеб заманалда эбел- эменги рат1алъун бесдаллъана гьезул 5 г1исинал лъимал. Зах1матаб бук1ана гьезие маг1ишат гьабизе. Х1алт1и балагьизе гьей щвана Буйнакскиялде. Цо сезоналъ х1алт1ана консервабазул заводалда. Хадуй 1941 соналъ ана Ч1арада районалде. Гьений х1алт1ана районалъул библиотекаялда, хадуй госбанкалъул отделениялда. 1942 соналъул февралалда т1ад юссана Буйнакскиялде.

Заводалда х1алт1улей ясазги Патулбикацаги военкоматалде г1арзаби кьуна жал госпиталалде х1алт1изе рит1еян. Гьезул гьари т1убазабуна ва х1алт1изе ккана рагъулаб госпиталалде. Гьелда цадахъ рук1ана Болъихъа Пат1имат Микаилова, Ч1арадаса Айзанат ва цойги Дагъистаналдаса ясал.

1942 соналъул хасало к1удияй сержант Мирзабекова санинструкторлъун фронталде ана. Гьелъ хъулухъ гьабуна 309 кьвагьдохъабазул дивизиялъул 957 полкалда.

Гьебго соналда Северияб Кавказалда 309 дивизия г1ахьаллъана г1емерал рагъазулъ. Гьелъ эркен гьабуна Георгиевск шагьар.1943 соналъул 14 февралалда эркен гьабуна Ростов шагьар ва хадубго Ясино станция. Гьений 18 феврвлалда зах1матго лъукъана Патулбика. Гьелъул мах1о гъурун бук1ана. Гьанжесала солдатаз гьей ячана санчасталда

-Цин дуца раччун, цин мун яччун лъималазул расанди буго гьаб рагъда, - ян махсаро гьабуна солдатаз. Амма Патулбикае гьеб лъукъи махсаро бук1инч1о. Гьей халатаб заманалъ сах гьайизе ккана ва сахлъун хадуй рокъое т1ойит1ана

1943 соналъул хасало рет1ун шинельгун, пилотги лъун, солдатасул чакмабигун Патулбика росулъе т1аде юссана.. Гьелъул каранда бан бук1ана «Рагъулаб хъулухъалъе г1оло» медаль.

Дарсил х1асил гьабила.

Расул Х1амзатовас Машал образалдалъун бихьихьизабулеб буго рагъул соназда кин бихьиназда хьолбохъги ч1ун к1удияб кумек гьабулеб бук1араб руччабазги.гьезги бихьизабуна къо х1ехьей, бах1арчилъи, лебаллъи. Халкъалда гьоркьоб бук1араб гьудуллъи бихьизабулеб буго. Нилъер дин бат1иял г1урус ясалазда рук1арал ц1арал рак1-рак1алъго къабул гьарулелл руго Дагъистаналъул халкъалъ ва гьездаса бугеб разилъи бихьизабулеб буго.

Советиял миллатал цого хъизамалъул лъималлъун лъугьин рук1ин бихьилеб буго.

Дол рагъул соназда г1урусазулгун ккараб гьудуллъи вацлъи жеги щулалъулеб буго. Гьелъие нуг1лъи гьабула 1999 соназда нилъер Дагъистаналде къо ккедал г1урусазул солдатаз бихьизабураб бах1арчилъи ва гьунар.

Къиматал лъела ва рокъобе х1алт1и кьела.(т1оцебесеб бет1ер лъазабизе)



Опубликовано


Комментарии (0)

Чтобы написать комментарий необходимо авторизоваться.